Myvideo

Guest

Login

ГАЗЕТАЛЪУЛ БАЙРАМ

Uploaded By: Myvideo
2 views
0
0 votes
0

ГIемер заман бачIо «Гъуниб» газеталъул тIоцебесеб номер къватIибе бачIаралдаса 100 сон тIубай кIодо гьабуралдаса. Гьеб букIана 2023 абилеб соналъул 11 абилеб ноябрь. РачIун рукIана цIакъ гIемерал гьалбал. Кинабго рехун тун, гьеб къоялде Гъуниве щвана Россиялъул пачалихъияб думаялъул депутат Сайгидпаша ГIумаханов, Турциялдаса машгьурал магIарулал Шагьабудиин Озден, Фахрутдин Атаман, Оргьан Карадогъан, Дагъистаналъул щибаб магIарул районалдаса гIадин вакилзаби… Лъабго лъугьа-бахъин ккана газеталъул юбилеялда цадахъ: Дагъистаналъул Халкъияв БахIарчилъун вахъана Туркиялда гIумру гьабун вугев машгьурав жамгIияв хIаракатчи, хъвадарухъан Шагьабудин Озден. Лъебергоялдаса цIикIкIун соналъ Гъуниб районалъул газеталъе нухмалъи гьабурав Баширов МухIамадил минаялда рагьана гьев ракIалде щвезавулеб мармаралъул хъарщи. «Гъуниб» газеталъул бетIерав редактор МухIамад Къебедовасе кьуна «Дагъистаналъул мустахIикъав журналист» абураб хIурматияб цIар.

Share with your friends

Link:

Embed:

Video Size:

Custom size:

x

Add to Playlist:

Favorites
My Playlist
Watch Later