Myvideo

Guest

Login

Г1агароб Росо! Кванхиб

Uploaded By: Myvideo
4 views
0
0 votes
0

Асалам-Г1алайкум росоцоял. Дун к1оч1он танинлан г1айб ч1олоро. Авараг забицин к1очараб махлукъат бижун бугелъул. Аманат гьари буго Рахьдал Мац1 к1оч1огеян! ДРА!!! ***** ***** ***** Ват1ан, мун бокьизе т1оцебе дида Лъицадай малъараб гьаб дунялалда? Лъица, абадиялъ унареб х1алалъ, Дир х1асратаб рек1елъ бик1араб дур ц1ар? Т1оцебе ихдалил хабарги босун, Рохалил чапарлъун муг1рузде щолеб Мукъуралда сверун маржанал рараб, Милъиршоялъищ гьеб дида малъараб? Г1азу биунелъул, хвалчаца г1адин, Хинаб ракьги бихъун т1аде раккулел Г1урччинаб мац1алъул харил симсазищ Хиралъе мунилан дида абураб? Сардида зодил хан—сахаватаб моц1 Бач1ун гъот1ол каралъ рещт1араб мехалъ, Балъгояб харбида щурщулел ругел Т1нхаз гурищ рокьи бикьун дий кьураб? Ц1вабзазул сордоялъ сих1 къот1ун ч1араб Сабураб, х1алимаб эбелаб ракьалъ, Мун бокьаян абун аманат гьабун, Дир рек1елъ васигат хъванищ бук1араб? Июлалъул къоялъ гьурщун гъалалгун Барщараб т1орщалилъ ч1арадулелъул, Дида кверал рахъун дун вэдарал Т1оразищ щурараб мун бокьайилан? Хирияв инсуца кодойги вачун «Дун г1адин ват1анги, хиралъе дуян» Революциялъул ц1елъ лъадарараб Ц1а г1адаб рокьийищ дихъе кьун тараб? Макьу гьуинлъизе сардилъ эбелалъ Мугъзада к1ут1араб, т1еренаб кверда Т1ад рахъун рук1арал х1алт1ул пинкьазищ Дур х1урмат гьабеян дида гьарараб? Ват1ан, мун бокьизе т1оцебе дида Лъицадай малъараб гьаб дунялалда? Дида доб мехалда хурдуз, т1угьдуца, Г1исинккун щурулеб шиг1ру бич1ч1ич1о. Бабаян абизе жеги лъалелде, Дир рек1елъе жанир кьалбалги риччан, Дуде бугеб рокьул гъвет1 бижун ана, Гьанжени гьелда т1ад пихъал рарщана! Ват1ан мун бокьизе т1оцебе дида Лъицадай малъана гьаб дунялалда, Лъица абадиялъ унареб х1алалъ Дир х1айранаб рек1елъ бик1араб дур ц1ар?

Share with your friends

Link:

Embed:

Video Size:

Custom size:

x

Add to Playlist:

Favorites
My Playlist
Watch Later