Myvideo

Guest

Login

ВЕТЕРАНАЛЪЕ ШАПАКЪАТ

Uploaded By: Myvideo
1 view
0
0 votes
0

КОЛХОЗАЛЪУЛ ВЕТЕРАНАЛЪЕ КЬУНА РОСДАЛ МАГIИШАТАЛЪУЛ ХIУРМАТАЛЪУЛАБ ГРАМОТА Дагъистан Республикаялъул Росдал маг|ишаталъул министерствоялъул тIадкъаялда рекъон республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Мах|муддибир Каримов, Гъуниб районалъул администрациялъул росдал маг|ишаталъул отделалъул начальник Ах|мад Хучиров ва «Гъуниб» казияталъул хIалтIухъан Рукъият ГIалисултановагун цадахъ росдал магIишаталъул къо баркизе щвана чанго соналъ колхозалда рак| бац|ц|адго х|алт|арай, свак лъаларей ва гьелъие жиндирго г|умру кьурай Сайпудинова Иражатихъе. Гьелъие сайгъаталъе кьуна т|угьдузул к|удияб квацIи ва министерствоялдасан Х|урматалъулаб грамота. Иражат йиго жиндир г|умрудул II сон баралдаса колхозалъул дояркалъун к|вах| гьеч|ого х|алт|арай г|адан. Жакъа къоялда жаниб Иражатил буго 85 сон. Гьарула гьелъие халатаб г|умру, щулияб сахлъи ва аваданаб берцинаб дунял.

Share with your friends

Link:

Embed:

Video Size:

Custom size:

x

Add to Playlist:

Favorites
My Playlist
Watch Later