Чи гьечIеб авлахъалда Бахъараб ахIи гIадин, ХIасратаб кочIол гьаракь Ракьалда хутIун буго. ТIекълъиялъул тIармида РитIукълъиялъул чIчIваби, Бидулал бакънал рачун, Рахчун руго, нич тIагIун. Балъголъилъун лъугьине Угьарал дир мухъазулъ. Нахъаги -- ВатIан буго, Цебеги -- ВатIан буго. Магомед Ахмедов. Читает Муса Абдурахманов
Hide player controls
Hide resume playing